Презентация, доклад на тему Открытый урок по аварскому

Расул Х!амзатов - Къункъраби Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин. Доба борхалъуда хъахIил зобазда,ХъахIал къункърабазде сверун ратилин. Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин

Слайд 1 Бергьенлъиялъул нуг1зал. ГЪУНИСЕЛ ВАТ!АНИЯБ РАГЪДА.


Бергьенлъиялъул нуг1зал. ГЪУНИСЕЛ ВАТ!АНИЯБ РАГЪДА.

Слайд 2
Расул Х!амзатов - Къункъраби
Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин,

къанабакь лъечIин. Доба борхалъуда хъахIил зобазда,
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин. Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун, Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда. Боржун унеб буго къункърабазул тIел, Къукъа буго чIварал гьудулзабазул. Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула — Дун вачIине гьаниб къачараб гурищ? Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъ ХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела. Гьелъул гьаркьидалъул ракьалда тарал Киналго нуж, вацал, дица ахIила.

Расул Х!амзатов - Къункъраби Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.

Слайд 3Мусаев Саг1адула Г1исаевич

Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Мусаев. Бихьинчиясул хасият лъадарулеб къебелъилъун

лъугьана нилъер халкъалъе, миллионал г1амазе К1удияб Ват1анияб рагъ. Цогидазда цадахъ гьелъулъ г1ахьаллъана ва бах1арчилъи бихьизабуна рик1к1ен г1емерал муг1алимзабаз. Гьединаздаса цояв ккола Гъуниб районалъул Ругъжаса Саг1аду Мусаев.
Буйнакскиялъул педучилище лъуг1арав гьев учительлъун х1алт1улев вук1ана г1агараб районалъул Хьиндахъ росулъ. Амма г1олиласул ракълилаб зах1мат гьоркьоб къот1изабуна немцазул фашистазул чидал ракьал рахъулез. Тушманасде бугеб К1удияб ццимгун гьесдаса рец1ел босизе ана таваккалгун ана рагъде С.Мусаев.
Ралъдал пехотаялъул 16-аб батареялъул писарь(хъвадарулев чи), комсомолалъул член Мусаев 1943 соналъул 22-23 ноябралдаса т1оцеве ана гьужумалъ цевехун Керчалъул бащдаб ч1инк1инллъуда цо борхалъи босизелъун. Маг1арул г1олилас жиндаго хадур ц1ана цогидал рагъухъаби. Гьеб кьалул майданалда Саг1аду зах1матго лъукъана.Черхалда хвалил ругъун щун бук1анигии, рагъухъанас гранатабаздалъун нахъч1вана тушманасул г1арабадазул кьвагьдей. Гьедин гьес кьуна рес жиндирго ротаялъе церехун ине бергьенлъи босизе. Мусаевасул рагъул х1аракатчилъиялдаса рехсарал г1адал мисалал жеги рачине бегьила.
Ахиралдаги эркенлъи г1агар гьабиялъе г1оло вагъулаго , Мотросовасул гьунарги такрар гьабун нилъедаса ват1алъана.
Мусаев Саг1адула Г1исаевич Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Мусаев. Бихьинчиясул хасият лъадарулеб къебелъилъун лъугьана нилъер халкъалъе, миллионал г1амазе

Слайд 41944 соналъул 16 маялда хун хадув Бах1арчиясул мустах1икъаб ц1аралъе. Гьев вукъун

вуго Крымалъул Керченск районалъул Глазовка росулъ. Ругъжаб ва Буйнакскиялда ран руго памятникал, Мусаев ц1алараб школалда лъун буго гьесул ц1ар. Бах1арчияб шагьар Керчалда г1агарлъухъ гьев вукъараб вацлъиялъул хобалда эхетун буго мемориалияб хъарщи хадусеб хъвай-хъваг1айгун: «Мотросовасул гьунар такрар гьабурав Совет Союзалъул Бах1арчи Мусаев Саг1адула Г1исаевичасе дагъистаниял-ракьцоязул рахъалдасан».
1944 соналъул 16 маялда хун хадув Бах1арчиясул мустах1икъаб ц1аралъе. Гьев вукъун вуго Крымалъул Керченск районалъул Глазовка росулъ.

Слайд 5Совет Союзалъул бах1арч Мусаев Саг1аду рак1алде щвеялде Сулейман Муртазалиевас гьабураб кеч1.
Ват1ан

ц1унулаго ц1ар босдун хварал
Халкъалъе кидаго к1очен теларо,
К1удияб гьунаралъ росу ч1ух1арав
Ч1аго вуго Саг1ду даимго нилъей.
Дуца тушбабазул кьер инабуна
Кьуру г1адин т1аде вач1унев мехалъ,
Чармил гуришилан гаргадана гьел гуллаго къаларев къвак1и дур бихьун.
Къуватаб черхалъул чара хвелалде
Чарамул комсомол Дзоталде щвана,
Данде ц1ер г1адинан бач1унеб гуллил
Герой, дуца ургъел щибго гьабич1о.
Гьалмагълъиги ц1унун ц1адул пулемет
Ц1иръ г1адин т1ад вегунит1упизабуна,
Т1абиг1ат берцинаб Крым, дуе г1оло
Кавказалъул васас берал къанщана.







Совет Союзалъул бах1арч Мусаев Саг1аду рак1алде щвеялде Сулейман Муртазалиевас гьабураб кеч1.Ват1ан ц1унулаго ц1ар босдун хваралХалкъалъе кидаго к1очен

Слайд 6Къуларай дур эбел угьдич1о, Саг1ду,
Эбел –Ват1ан ц1унун мун хун вугелъул
Хирияй абуралъ

т1еч1о маг1ил бер
Г1анхрал- фашистазе квешезегоян.
Героязулъ биялъ баг1ар релъарал
Дора Крымамалда т1угьдул г1емерал.
Г1алхулал баадазе наг1ана кьолел .
Кьалбал меседиаб гъвет1 рохь г1емераб.
Гьаниб росу цояз, Мусаев дуеЮ
Меседил ц1ва бараб памятник кьуна.
Пионераз даим празникаязда
сайгъаталъе т1угьдул рач1ана.
Рач1ила,сверила соназул ч1умал
Амма дур ц1аруе хвел бук1инаро
Халкъалъе эркенлъи ц1унун рух1 кьурав
Кьалда ч1ел босарав васлъун хут1идал.

Къуларай дур эбел угьдич1о, Саг1ду,Эбел –Ват1ан ц1унун мун хун вугелъулХирияй абуралъ т1еч1о маг1ил бер Г1анхрал- фашистазе квешезегоян.Героязулъ

Слайд 7
Мох1об росулъа Мух1амад Х1ажиев лъаларев чи нилъер республикаялдаги ва гьеб тун

къват1ибехунги ватизе гьеч1о. Гьесдаса ч1ух1ула хералги, лъималги, г1алимзабиги, шаг1иралги, прозаикалги.
Доб рик1к1адаб 1935 соналъ Тихий океаналда хъулухъ гьабулаго, Дагъистаналда гьев т1оцеве мустах1икълъана Ват1аналъул т1адег1анаб шапакъат Ленинил орденалъе. Амма гьесул гьунар ва махщел хасго загьирлъана сог1аб запалярниялда К1удияб Ват1анияб рагъул соназ.


Мух1амад Х1ажиев.

Мох1об росулъа Мух1амад Х1ажиев лъаларев чи нилъер республикаялдаги ва гьеб тун къват1ибехунги ватизе гьеч1о. Гьесдаса ч1ух1ула хералги,

Слайд 81941 соналъул 12 сентябралда рагъулгун ралъдал фронталъул тарихалда жаниб
«К-2» лъелъ

букъулеб Кресералъулаб гамил г1арадаби х1алт1изарун лъелъ гъанкъизабун буго тушманасул к1удияб транспорталъул къокъа.
Ракъдада М.Х1ажиевас ц1акъго къанаг1ат гурони вихьулароан, гьесул рак1 кидаго ралъдалъе ц1ан бук1унаан ва гьесул рагъул гьалмагъзаби кидаго х1адур рук1уна гьевгун цадахъ ц1адулъеги лъелъеги ине.
Гьебго 1941 соналъул лъабабилеб декабралда М х1ажиевасул лъелъ букъулеб « К-3» гамица торпедаби риччан гъанкъизабуна тушманасул къайи баччулеб транспорталъулаб гама ва хадуб къват1ебе бахъун г1арадаялъулаб рагъдаги жубан гъанкъизабуна т1адегии тушманасул к1иго гама.
1941 соналъул 12 сентябралда рагъулгун ралъдал фронталъул тарихалда жаниб «К-2» лъелъ букъулеб Кресералъулаб гамил г1арадаби х1алт1изарун лъелъ

Слайд 9Тушманасул самолетаздасан рехарал бомбабаз гьесул «К 23» лъелъ букъулеб гама гъанкъизабуна.

Гьеб иш ккана 1942 соналъул 12 маялда. К1иабилеб рангалъул капитан М.Х1ажиевасул нухмалъиялда гъоркь девизионалъ къокъаб болжалалда гъанкъизабуна тушианасул 27 транспорт ва гама гьездаса анц1го гьесул г1ахьаллъигун.
Командованиялъул рагъулал т1адкъаял дурусго т1уразариялъе г1оло ва фашистазулгун гьабулеб рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло 1942 соналъул 23 октябралда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указаздалъун М Х1ажиевасе кьуна «Совет Союзалъул бах1арчи» абураб т1адег1анаб ц1ар. Дагъистаниязда гьоркьов гьев т1оцевесев мкстах1икълъана гьеб ц1аралъе.
Мухамад Х1ажияв кидагоялъе воун вуго Северияб Фронталъул цо часталъул сиях1алде. Гьесул х1акъалулъ хъван руго т1ахьал ва куч1дул, ц1ар лъун буго заводазда, гумузда, къват1азда, гьесул ц1ар кьун буго Мурмонский областалъул подводниказул шагьаралъе.

Тушманасул самолетаздасан рехарал бомбабаз гьесул «К 23» лъелъ букъулеб гама гъанкъизабуна. Гьеб иш ккана 1942 соналъул 12

Слайд 10
Гьалмагъ Х1амзатов Мух1амад Юсупович гьавуна 1910 соналъул Гъуниб районалъул Мох1об росулъ

мискинав векьарухъанасул хъизамалда. 1932 соналда гьев жиндиего бокьун ана Баг1араб армиялде ва гьенив мухъилав солдатасдасан вахъараб полкалъул командирасде щвезег1ан хъулухъ гьабуна.К1удияб Ватанияб рагда Х1амзатовас г1ахьаллъи гьабуна байбихьудасан щвезег1ан.Т1оцебесеб рагъулаб шапакъаталъе –Баг1араб байрахъ орденалъе гьев мустах1икълъана Таманада ва Кубаналда ккарал рагъазулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло.Гвардиялъул майор Х1амзатовасул ботальоналъ 1941 соналда г1ахьаллъи гьабуна Феодосия , Моздок, Орджоникидзе, Туапсе, Краснодар шагьаразе г1оло г1оло гьарурал рагъазулъ.

Мух1амад Х1амазатов.

Гьалмагъ Х1амзатов Мух1амад Юсупович гьавуна 1910 соналъул Гъуниб районалъул Мох1об росулъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда. 1932 соналда гьев

Слайд 11Крымалъе г1оло рук1арал рагъазулъ бихьизабуна бах1арчилъиялъе г1оло 1943 соналъул 17 ноябралда

ССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон Мухамад х1амзатовасе кьуна Совет Союзалъул Бах1арчи абураб ц1ар.
рагъда г1адин , Х1амзатовас мисал бихьизабуна ракълилаб зах1маталдаги. !952-1962 соназ гьес бажарун прелседательлъи гьабуна г1агараб Мох1об росудал М.Х1ажиевасул ц1аралда бугебколхозалъе.
Крымалъе г1оло рук1арал рагъазулъ бихьизабуна бах1арчилъиялъе г1оло 1943 соналъул 17 ноябралда ССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон

Слайд 12Саг1аду Г1алиев гьавуна 1947-аб соналда Гъуниб районалъул К1уяда росулъ. Гьит1инго байбихьана

зах1маталъулаб х1аракатчилъиялде. Г1урала школалъул учительлъун ва комсомолазул секретарлъун х1алт1улеб бак1алдаса ах1ана 1940 соналда Советияб Армиялда хъулухъ гьабзе.Саг1адуе гьит1инго бокьулаан черх лъадаризе, кьрелалгун къецалде лъугьие, хьвадулаан чанаве. Гьелъги к1удияб кумек гьабуна г1олиласе лебалав, х1инкъи гьеч1ев рагъухъанлъун вахъине.
1941 соналъул июналдаго сог1аду Г1алиев гьоркьов вугеб кьвагьдохъабазул девизия рехана тушманасдедандеч1ей гьабизе. 1941 июлалда рук1арал рагъулал гьужумаздаго т1ибит1ана рагъухъан Г1алиевасул х1инкъи гьеч1олъиялъул ва бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ хабар. Гьесул ц1ар т1ибит1ана гулла алхунарев г1ужилав снайпер х1исабалда. Саг1адуда рагъухъабаз абулаан снайперазулги снайперилан.

Саг1аду Г1алиев.

Саг1аду Г1алиев гьавуна 1947-аб соналда Гъуниб районалъул К1уяда росулъ. Гьит1инго байбихьана зах1маталъулаб х1аракатчилъиялде. Г1урала школалъул учительлъун ва

Слайд 13
1943-аб. Соналъул февралалда рагъда бихьизабураб бихьинчилъиялъе ва ц1ар раг1араб гьунаралъе г1оло

СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун гьесие кьуна Совет Союзалъул Бах1арчи абураб т1адег1анаб ц1ар.
Рагъ лъуг1ун хадув Совет союзалъул Бах1арчи Саг1аду Давудович Г!алиев т1адвуссана ракълилаб зах1маталде – муг1алимасул х1алт1уде.
1943-аб. Соналъул февралалда рагъда бихьизабураб бихьинчилъиялъе ва ц1ар раг1араб гьунаралъе г1оло СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун гьесие

Слайд 15Сирень
Ветка сирени
Элементы оформления
Ветка сирени
Интернет-источники

СиреньВетка сирениЭлементы оформленияВетка сирениИнтернет-источники

Что такое shareslide.ru?

Это сайт презентаций, где можно хранить и обмениваться своими презентациями, докладами, проектами, шаблонами в формате PowerPoint с другими пользователями. Мы помогаем школьникам, студентам, учителям, преподавателям хранить и обмениваться учебными материалами.


Для правообладателей

Яндекс.Метрика

Обратная связь

Email: Нажмите что бы посмотреть