жугьаби ургъулел руго.
Халкъалъул къварилъи рак1алда унтун,
Урхъарал васазул сурат цебе ч1ун,
Дур нек1сияв гьудул г1олихъан-поэт
Нахъеги дудехун к1алъалев вуго.
Г1енекке, кьерилал, кьалул куч1дузухъ,
Каранзул биялъулъ къалам ччун хъварал,
Г1ин т1аме, г1олилал, дир асаразде,
Инсул Ват1ан бокьун рак1алъ ах1арал.