Презентация, доклад на тему Открытый урок по аварскому

Содержание

Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани Дир мац1 бук1инароан,Дир ц1ар бук1инароан,Рик1к1ада сапаразда Дида нух къосилаан,Дида рокьи гьадиг1ан Ракьалда лъалароан,Эбелалъ дир кинидахъ К1уч1дул ахич1ел ани.Р.Х1амзатов.

Слайд 1Лъикl щварал авар мацlалъул дарсиде.

Лъикl щварал авар мацlалъул дарсиде.

Слайд 2Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани
Дир мац1 бук1инароан,
Дир ц1ар бук1инароан,
Рик1к1ада сапаразда


Дида нух къосилаан,
Дида рокьи гьадиг1ан
Ракьалда лъалароан,
Эбелалъ дир кинидахъ
К1уч1дул ахич1ел ани.
Р.Х1амзатов.

Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани Дир мац1 бук1инароан,Дир ц1ар бук1инароан,Рик1к1ада сапаразда Дида нух къосилаан,Дида рокьи гьадиг1ан

Слайд 3 Кинидахъ куч1дул.

Эгъегун гъал бащадай
Гъунисезул меседо .
Гъалгун габур

бащадай
К1ик1ундерил сурах1и.
 
Вай дур дада ч1ахъаяй,
Дардаманалъул гагу.
Дадал васал ч1ахъаяй ,
Хайдакъалъул баг1арч1еч.

Кинидахъ куч1дул.   Эгъегун гъал бащадай Гъунисезул меседо .Гъалгун габур бащадай К1ик1ундерил сурах1и. Вай дур дада

Слайд 4

Рисалат, росуберцин,
Росонир хинк1алберцин.
Гъажалда г1ерет1берцин.
К1алдиб мучариберцин

Рисалат, росуберцин, Росонир хинк1алберцин.Гъажалда г1ерет1берцин.К1алдиб мучариберцин

Слайд 5


Дир мац1 бук1инароан.
Кинаб бугеб гьеб предложение?

Дир мац1 бук1инароан. Кинаб бугеб гьеб предложение?

Слайд 6

Дир мац1 бук1инароан, дир ц1ар бук1инароан.
Предложение кинаб лъугьараб?

Дир мац1 бук1инароан, дир ц1ар бук1инароан. Предложение кинаб лъугьараб?

Слайд 7
Дарсил мурад ва масъалаби:
1. Лъай кьеялъул: журарал предложениязул тайпаби

кинал рук1унел ц1алдохъабазда малъи,
союз гьеч1еб жубараб предложениялъулъ запятая лъезе ругьун гьари.
2.Лъаял церет1езариялъул: калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и, авразул г1адатазда т1асан баян гьаби.
3. Тарбия кьеялъул: авар мац1алъухъ рокьи базаби, умумузул г1адатал ц1унизе, гьезухъ рокьи базабизе тарбия кьей.


Дарсил тема. Союз гьеч1еб жубараб предложение.

Дарсил мурад ва масъалаби: 1. Лъай кьеялъул: журарал предложениязул тайпаби кинал рук1унел ц1алдохъабазда малъи,союз гьеч1еб жубараб

Слайд 8 Союзги гьеч1ого, жибго интонациялъул кумекалдалъун г1адатал предложениял цолъизарунги, лъугьуна

журарал предложениял

Бицен гьабулеб иш цого заманалда цадахъ лъугьунеб бук1ин бихизаби.
 
 
Гъвет1 кьалбаз ккола, г1адан гьудул -гьалмагълъиялъ ккола.

Союзги гьеч1ого, жибго интонациялъул кумекалдалъун г1адатал предложениял цолъизарунги, лъугьуна журарал предложениял  Бицен гьабулеб иш

Слайд 9Бицен гьабулеб иш хадуб цебе, тартибалда лъугьунеб бук1ин. Г1азу бана, лъималаз чанагъал

къват1ире рахана.
Бицен гьабулеб иш хадуб цебе, тартибалда лъугьунеб бук1ин.  Г1азу бана, лъималаз чанагъал къват1ире рахана.

Слайд 10Бицен гьабулеб ишалъул кколеб хехаб хис-баси. Сардилъ пири пирхана - сверухълъиго гвангъизабуна.. Нижеда

цебе бугеб цо к1удияб гъот1ода пири реч1ч1ана-гъвет1 бук1араб бак1алда ч1урх1 - ч1ух1араб цо х1ехь хут1ана.
Бицен гьабулеб ишалъул кколеб хехаб хис-баси. Сардилъ пири пирхана - сверухълъиго гвангъизабуна.. Нижеда цебе бугеб цо к1удияб

Слайд 11Предложениязулъ цоялъ бицунеб жоялда цогиялъ бицунеб жо дандеккунгут1и , гьеб г1аксалда

ккей. Рии кьарияб - кьин х1алакъаб. Камил саг1аталъ гаргардана - нижеда щибго бич1ч1инч1о.
Предложениязулъ цоялъ бицунеб жоялда цогиялъ бицунеб жо дандеккунгут1и , гьеб г1аксалда ккей.  Рии кьарияб - кьин

Слайд 12Физминутка.
Цо абидал киназго
Рорхе кверал эхеде!
Ай лазат!Вай лазат! Гьай лазат !
Свак чучизе,

черх бит1изе
Чундул г1адин, сах рук1ине
Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат!
Свак чучана, черх бит1ана,
Г1одор ч1ела, г1енекизе, х1адурила.

Физминутка.Цо абидал киназгоРорхе кверал эхеде!Ай лазат!Вай лазат! Гьай лазат !Свак чучизе, черх бит1изеЧундул г1адин, сах рук1ине Ай

Слайд 13 Х1алт1и182, гьум.108.

Х1алт1и182, гьум.108.

Слайд 14Группа 1.
1.Щал кколел г1адатал?Г1адатал руго жамаг1атаз, миллатаз ч1езарурал, киназго т1уразе т1адал

хъвач1ал законал. Г1адатазулъ бессун буго г1адамасул г1умру. 2.Нилъеца щибаб къоялъ т1урала, цо –цо мехалъ пикруцин гьабич1ого, анц1- анц1 г1адат. 3.Цох1о маг1арулазул буго азаргоялде г1агарун г1адат. 4.Руго г1адатал т1олго инсанияталъе г1аммалги, цо халкъалъе, цо ракьалъе хасияталги, цо росдал жамаг1аталъул, х1атта цо – цо тухумазул ва хъизамазулцин.5. Лъик1ал г1адатал инсанас кинго нахъе рехун толаро.

Группа 1.1.Щал кколел г1адатал?Г1адатал руго жамаг1атаз, миллатаз ч1езарурал, киназго т1уразе т1адал хъвач1ал законал. Г1адатазулъ бессун буго г1адамасул

Слайд 15Группа 2
1.Ва цереса – цереса наслабахъе кьола. 2.Гьезда гъорлъ руго

т1оцебесеб иргаялда ц1ик1к1аразул ва эбел инсул хасаб адаб гьаби, гьобол х1урматалда къабул гьави, цоцазе кумакале гвай бай, ракълие маслиг1ат гьаби, вас вахьи, вацлъи раг1изаби в гь.ц. 3.Рук1ана г1адатал жал хасал шарт1аз, зах1матаб г1умруялъ рижарал, хадур заралияллъун лъугьарал. 4.Гьединал ккола бидухъ би, чабхъад ин, хъамун яс лъадилъун ячин г1адал нек1сиял г1адатал. 5.Г1адаталги, маданиятго г1адин бат1и – бат1иял бут1абазда ва тайпабазда рикьула. 6.Руго г1адатал рук1а – рахъиналъул, зах1маталъул, ригьин –ц1аялъул, заманалъул х1исаб гьабун т1уралел(календариял), диниял, жал байрамалъун лъугьарал ва г1.ц.

Группа 2 1.Ва цереса – цереса наслабахъе кьола. 2.Гьезда гъорлъ руго т1оцебесеб иргаялда ц1ик1к1аразул ва эбел инсул

Слайд 16Сугъулдерил нек1сияб г1адат.
Группа 3.

1.Ц1акъго нек1о заманалда Сугъулдирил росулъ бук1ун буго гьадинаб

г1адат.
2. Анкьго вас гьавураб хъизаналъе кьолеб бук1ун буго, росулъ т1асан бищун, лъикаб ракь, эбел -инсуе кумек бук1иналъе г1оло.
3.Васал к1удиял г1ураб г1ужалда, гьел рит1улел рук1ун руго г1андалазул г1урхъал ц1унизе.
4.Гьедин лъугьараб буго, г1андалазул г1орхъода бугеб, Щитлиб росу. Щитлисезул ай Сугъулдирил цо диалекталъ гьеб рит1ухъ гьабула.

Сугъралъ росу.

Сугъулдерил нек1сияб г1адат. Группа 3.1.Ц1акъго нек1о заманалда Сугъулдирил росулъ бук1ун буго гьадинаб г1адат.2. Анкьго вас гьавураб хъизаналъе

Слайд 17Къогьорисезул нек1сияб г1адат.
К1огьориб росу.
 
Бертаде къо ц1алелъун унаан гьуинал кванил ниг1маталги

росун. Къо ц1ан хадуб, байбихьулаан гьелде х1адурлъизе. Х1адур гьабулаан ч1аг1аги. 2.Бах1арай ячизе рит1улаан яс абизе рит1арал г1адамал. 3.Бах1арайги ячун гьелъул рахъалъанги рач1унаан руччаби, к1игоял рач1унаан гъамас босунги. 4.Цин бах1арай ячиналде цере рит1улаан "хъорсот1а"(бах1арай ячине рит1улел бах1арасул чаг1и, цо куй ялъуни рагъвазарурал мохмохалги хъалбалги росун. 5.Бах1аралда хадур рач1аразда рачелги къалаан хирияб ххамил, цадахъги бит1улаан ххам.

Къогьорисезул нек1сияб г1адат. К1огьориб росу.  Бертаде къо ц1алелъун унаан гьуинал кванил ниг1маталги росун. Къо ц1ан хадуб, байбихьулаан

Слайд 18К1уядерил нек1сияб г1адат.

Бертин гьаби.
Ц1акъго цебего заманалда васасе ячуней йик1ун йиго жеги

жиндаго йихьич1ей, лъаларей, гьединго ясалда вихьич1ев лъаларев чиясе уней йик1ун йиго. 2. Бертин метер т1обит1улеб къоялъ къаси рит1улаан ясалъул рахъалдасан цо бихиназул, цересел г1агарлъиялъул къокъа васасул бак1алда , гьел т1ад руссун рач1инч1ого баха1рай ячине изну бук1унароан .3.Гьанже гьеб г1адат гьеч1о, гьеб теялън г1иллабиги рук1ана.

К1уяда росу.

К1уядерил нек1сияб г1адат. Бертин гьаби.Ц1акъго цебего заманалда васасе ячуней йик1ун йиго жеги жиндаго йихьич1ей, лъаларей, гьединго ясалда

Слайд 19Ругъеждерил нек1сияб г1адат.
Группа 6.

Умумузул заманалда Ругъеждерил бах1аралъул гьумер бихьизе биччалеб бук1ун

гьеч1о, гьеб бахчизабулеб бук1ун буго нек1сияб г1арцул къаялъ, гьелда ц1арги бук1ун буго маргъал. Бах1аралъул гьумер маргъалалъ бахчизабулеб бук1ун буго бер-к1алалдаса ц1унизеян , ай гьелъул нечей бихьич1ого хутизеян. Маркъалалъул г1уц1и кинабдай бук1араб ? Гьеб гьабулеб бук1ун буго цокьераб зарбабалъул ялъуни дарайдул ххамиде т1ад г1арц1ул бек1ал ай куцал рукъун. Куцал рук1унаан бат1и-бат1иял х1айваназул суратал цереч1езарулел, г1емерал дандч1вала куцал- чуял.Маг1арулазе бищунго хириял хайваназул цояб чу ккола,гьеб рик1к1уна къуват ц1ик1к1араб, Аллагьасе,хирияб берцинаб х1айванлъун. Гьединлъидал гьеб х1айваналъул оброз т1аса бищараб нилъер умумузги.

Ругъжаб росу.

Ругъеждерил нек1сияб г1адат.Группа 6.Умумузул заманалда Ругъеждерил бах1аралъул гьумер бихьизе биччалеб бук1ун гьеч1о, гьеб бахчизабулеб бук1ун буго нек1сияб

Слайд 20Ругъеждерил нек1сияб г1адат.
Группа 7.
1.Ругъеждерил нек1сияб гадатазул цояб ккола ц1ияй бах1аралъ ухиялда

т1асан гали т1ами. Ухи- ккола нек1сияб, гьанже заманалда хъазаналда релълъараб,ц1араг1алъул т1аг1ел. 2. Гьеб бах1арасул рукъалъул рагьдухъ лъолаан, рокъое жание яч1уней бах1аралъ т1асан гали т1амизеян. 3.Бах1арай ц1ияб рокъое лъугьунаго,к1удиял чаг1аз дуг1а ц1алулаан, т1алих1аб, рохалилаб, цоцада рекъараб г1умруги гьарулаго.

Ругъжаб росу.

Ругъеждерил нек1сияб г1адат.Группа 7.1.Ругъеждерил нек1сияб гадатазул цояб ккола ц1ияй бах1аралъ ухиялда т1асан гали т1ами. Ухи- ккола нек1сияб,

Слайд 21Кицабазулъ лъалхъул ишараби лъезе т1адкъай.


1. Зах1маталъ цагъур ц1ола цагърица рукъзал

рала.
2. Живго квешас чи какула чехь квешас квен какула.
3.Гъвет1 кьалбаз ккола г1адан гьудул - гьалмагълъиялъ ккола.
3. Къаданахъе мег1ерги бегуге бакъанида росуги тоге.
4.Раг1ул квешлъи- халалъи харбил квешлъи -г1емерлъи.
5.Бах1араб мехалъ х1алт1изе к1ух1аллъарав хераб мехалъ х1алт1изе ккола.
5.Гъвет1 пихъ бижулеб лъик1аб чи х1алт1улев лъик1ав .
6.Гьабигьанасул чед к1удияб, чанахъанасул гьан к1удияб.

Кицабазулъ лъалхъул ишараби лъезе т1адкъай. 1. Зах1маталъ цагъур ц1ола цагърица рукъзал рала.2. Живго квешас чи какула чехь

Слайд 22 Сураталда т1асан сочинение-миниатюра хъвай, союз гьеч1ел журарал предложениял гъорлъе ккезаре.

Сураталда т1асан сочинение-миниатюра хъвай, союз гьеч1ел журарал предложениял гъорлъе ккезаре.

Слайд 23Карточкаялда т1асан х1алт1и.

Лъалхъул ишараби лъе.
Цойидасан т1упун нак1к1 лъуна т1упун

дунял бец1лъана.
Зайбатица Симисханида партал рекъезабула эбелалъ гьелда одеколоналъул мах1ал гьаруна.
Дун ина гьезухъ валагьизе дица минатахъ риххизаризе руго гьел.
Гьеб заманалда жаниб нуц1ида к1ут - к1ут1ула Асмаца нуц1а рагьула.
Миллиционер жаниве вач1уна гьал киналго риххун ккун ралагьун ч1ола.
 

Карточкаялда т1асан х1алт1и.   Лъалхъул ишараби лъе.Цойидасан т1упун нак1к1 лъуна т1упун дунял бец1лъана.Зайбатица Симисханида партал рекъезабула

Слайд 24Мадугьаласул лъаязул хал гьабе.
Цойидасан т1упун нак1к1 лъуна, т1упун дунял бец1лъана.
Зайбатица Симисханида

партал рекъезабула, эбелалъ гьелда одеколоналъул мах1ал гьаруна.
Дун ина гьезухъ валагьизе , дица минатахъ риххизаризе руго гьел.
Гьеб заманалда жаниб нуц1ида к1ут - к1ут1ула, Асмаца нуц1а рагьула.
Миллиционер жаниве вач1уна, гьал киналго риххун ккун ралагьун ч1ола.
Кинаб маг1на бич1ч1изабулеб бугеб щибаб предлжениялъ.
Мадугьаласул лъаязул хал гьабе.Цойидасан т1упун нак1к1 лъуна, т1упун дунял бец1лъана.Зайбатица Симисханида партал рекъезабула, эбелалъ гьелда одеколоналъул мах1ал

Слайд 25


Рефлексия.
1.Темаялда т1асан нужер суалал кинал ругел?
2.Щиб ц1ияб нужеда лъараб жакъасеб дарсида?
3Кинаб пикруялда нуж рачараб жакъасеб дарсица ?
4.Щиб нужее рек1ее г1еч1еб дарсил ?
5.Щиб нужее ц1акъго бокьараб дарсил?
6. Жакъасеб дарсида кинаб къиматалда мун х1алт1арав?
7. Муг1алималъе къимат лъе.

Рефлексия.1.Темаялда т1асан нужер суалал

Слайд 26 Рокъобе:
Союз гьеч1ел журарал предложениялги гъорлъе ккезарун сочинение миниатюра хъвазе «Нижер

росдал г1адатал» темаялда т1асан.
Рокъобе:Союз гьеч1ел журарал предложениялги гъорлъе ккезарун сочинение миниатюра хъвазе «Нижер росдал г1адатал» темаялда т1асан.

Что такое shareslide.ru?

Это сайт презентаций, где можно хранить и обмениваться своими презентациями, докладами, проектами, шаблонами в формате PowerPoint с другими пользователями. Мы помогаем школьникам, студентам, учителям, преподавателям хранить и обмениваться учебными материалами.


Для правообладателей

Яндекс.Метрика

Обратная связь

Email: Нажмите что бы посмотреть