Жиндирго черх цIунарав, чияр цIекьа лъутарав,
ГIадамал гьечIеб кули катий рахьгIан бокьулев.
ХIанчIаздехун ракI гъурав, макказдехун мугъ чIвалев,
Унтараца рехсолев, сахлъаразда кIочонев,
ГIорцIаразда викъулев, ракъаразда вихьулев,
Дун щивилан абуни, ГIали-хIажияв вуго