Презентация, доклад по родной (аварской) литературе на тему Фазу Алиева

Содержание

Абула, гьунар бугел г1адамал эбелалъ гьаруларин, заманаялъ гьарулин. Цо рахъалъ гьеб бит1арабги батила. Рик1к1адаб маг1арул росулъ, шаг1ирзабазул ват1ан-хунздерил т1алъиялда йижарай, гьит1инго бесдаллъиялъул бак1лъиги эбелалъул маг1уги бич1ч1арай Фазул яхъана дунялалдаго ц1ар раг1арай шаг1ир.

Слайд 1Автор: Сагӏидова Сиянат Тимуровна- Хасавюрт шагьаралъул №3 Гимназиялъул авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим

Автор: Сагӏидова Сиянат Тимуровна- Хасавюрт шагьаралъул  №3 Гимназиялъул  авар мац1алъул ва адабияталъул  муг1алим

Слайд 5Абула, гьунар бугел г1адамал эбелалъ гьаруларин, заманаялъ гьарулин. Цо рахъалъ гьеб

бит1арабги батила. Рик1к1адаб маг1арул росулъ, шаг1ирзабазул ват1ан-хунздерил т1алъиялда йижарай, гьит1инго бесдаллъиялъул бак1лъиги эбелалъул маг1уги бич1ч1арай Фазул яхъана дунялалдаго ц1ар раг1арай шаг1ир.
Абула, гьунар бугел г1адамал эбелалъ гьаруларин, заманаялъ гьарулин. Цо рахъалъ гьеб бит1арабги батила. Рик1к1адаб маг1арул росулъ, шаг1ирзабазул

Слайд 6Тема: Фазул г1умруялъул ва творчествоялъул нух
Дарсил мурад: Ф. Г1алиевалъул г1умруялъул ва

творчествоялъул х1акъалъулъ баянал г1ат1ид гьари. Гьелъул творчествоялъул жанрияб бечелъи ва тематика рагьи

Тема: Фазул г1умруялъул ва творчествоялъул нухДарсил мурад: Ф. Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ баянал г1ат1ид гьари. Гьелъул

Слайд 7
Халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул декабрь моц1алъ Хунзахъ

районалъул Гиничукь абулеб росулъ.

Дун декабрь моц1алъул хасалил къоялъ,
Бакъ баккулеб г1ужалъ гьаюрай йиго,
Бакъгун яч1ана дун дуниялалде,
Дилъ цониги къоялъ гьеб т1ерхьунги инч1о
Халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул декабрь моц1алъ Хунзахъ районалъул Гиничукь абулеб росулъ.Дун декабрь моц1алъул

Слайд 9Гиничукь, Гиничукь - дун г1ураб росу,
Дир коч1ол байбихьи, т1оцебесеб мац1.
Дир

т1инк1араб маг1у, угьараб х1ухьел,
Дир релъи, дир гьими, гьуинаб макьу.
Ва макьу к1очарал халатал сардал.
Гиничукь, Гиничукь - дун г1ураб росу, Дир коч1ол байбихьи, т1оцебесеб мац1.Дир т1инк1араб маг1у, угьараб х1ухьел, Дир релъи,

Слайд 15Инсул камиялъ рак1бекарал г1исинал лъималги каранде къан, чанги маг1ица ц1алтарал сардал

рогьана Фазул эбелалъ. Г1акъилай, х1еренай, дозул хьвада-ч1вади, рук1а-рахъин мисаллъун бук1арай мунагьал чураяй Г1апида к1вана берцинго лъимал г1езаризе, т1олго г1умруги г1олохъанлъиги кьун, гьел г1адамазулъе рахъинаризе, зах1матал рагьул соназ рух1ияб бечелъи жиндилъго ц1унизеги лъималалъ куцазеги
Инсул камиялъ рак1бекарал г1исинал лъималги каранде къан, чанги маг1ица ц1алтарал сардал рогьана Фазул эбелалъ. Г1акъилай, х1еренай, дозул

Слайд 19Школаги лъуг1изабун, Фазу ц1алула руччабазул педагогияб институталда, амма гьеб ахиралде щвезабуларо.

Гьей ц1ализе уна Москваялде. Гьелъ лъуг1изабула Максим Горькиясул ц1аралда бугеб Литературияб институт. Ц1али лъуг1ун хадуб, Фазу х1алт1ана Дагъпедгизалъул редакторлъун

Школаги лъуг1изабун, Фазу ц1алула руччабазул педагогияб институталда, амма гьеб ахиралде щвезабуларо. Гьей ц1ализе уна Москваялде. Гьелъ лъуг1изабула

Слайд 22Фазу – поэтесса, прозаик, жамг1ияй х1аракатч1ужу

Фазу – поэтесса, прозаик, жамг1ияй х1аракатч1ужу

Слайд 23Т1оцебесеб асар
Хъвана 1 классалда ц1алулаго -«Призывниказде».
2-абилеб кеч1 хъвана 10 классалда- «Ракълилаб

байрахъ».
Асарал печаталда рахъана 1949 с.
Т1оцебесеб асарХъвана 1 классалда ц1алулаго -«Призывниказде».2-абилеб кеч1 хъвана 10 классалда- «Ракълилаб байрахъ».Асарал печаталда рахъана 1949 с.

Слайд 24Ват1ан
Дие Ват1ан бук1инч1о
Ч1обогояб раг1илъун
Коч1ол мухъал хурхине,
Харц1ун гъорлъе бачараб.
Ват1ан дие бук1ана
Даим

бух1улеб рак1лъун,
Рек1елъ бакараб ц1алъун,
Би гьалдолеб раг1илъун.
 
Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида
Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?
Лъица абадиялъ унареб х1алалъ
Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар?
 
«Дир г1агараб росу» абураб куч1дузул т1оцебесеб т1ехь къват1ибе биччана 1959 соналда
Ват1анДие Ват1ан бук1инч1о Ч1обогояб раг1илъунКоч1ол мухъал хурхине,Харц1ун гъорлъе бачараб.Ват1ан дие бук1анаДаим бух1улеб рак1лъун,Рек1елъ бакараб ц1алъун,Би гьалдолеб раг1илъун. 

Слайд 26Хунзахъ

Хунзахъ

Слайд 28
Гьит1инго г1акъилай эбелалъ к1вах1аллъизе теч1ого куцарай Фазу х1алт1ана най г1адин. Гьелъие

г1умру бук1инч1о я бит1араб шагьранух, я коч1ол бакъназул ц1ураб майдан, я рохалил ц1ураб байрам.Гьелъ рохелги къварилъиги гьекъана бащад гьабун. Къварилъи ц1ик1к1унгицин батила.

Гьит1инго г1акъилай эбелалъ к1вах1аллъизе теч1ого куцарай Фазу х1алт1ана най г1адин. Гьелъие г1умру бук1инч1о я бит1араб шагьранух, я

Слайд 30«Бигъараб г1омо»
Щиб бугеб эбелалъе вас камиялдаса к1удияб? Гьит1инго улбузул маг1у бихьарай

Фазуца вас камураб мехалъ хъвараб т1ехь г1ахьалаб буго рокъоса вас камурайщинай эбелалъе. Т1ехь ц1алулаго, бихьула эбелалъул г1урхъи гьеч1еб рокьиги, васасдаса ч1ух1иги, сабруги, иманги. К1удияб бух1иялъ жаниса рак1 бежулей эбелалъ ах1улеб буго борхьилгицин т1инч1 бахъугейилан, ц1унц1раялдацин т1ад х1ет1е ч1огейилан.

Гьекъанщинаб зах1маталъулги х1ехьанщинаб зах1маталъуги х1исаб гьабун, Фазуца «Бигъараб г1омо» абун тана жиндирго т1ехьалда ц1ар.
 

«Бигъараб г1омо»Щиб бугеб эбелалъе вас камиялдаса к1удияб? Гьит1инго улбузул маг1у бихьарай Фазуца вас камураб мехалъ хъвараб т1ехь

Слайд 31«Улбулг1ан щулияб щибниги гьеч1о!»

«Улбулг1ан щулияб щибниги гьеч1о!» - ян ах1улеб буго

вас камурай Фазуца.
Гьеб тема рагьулеб буго «Васазухъ угьдулел улбузде кагъат», «Дунги къварилъиги», «Загьру», «Дие бокьулаан», «Афгъанистан», «Г1али», «Г1емерав вецциларо» абурал куч1дул -маг1абазулъ.

 
«Улбулг1ан щулияб щибниги гьеч1о!»«Улбулг1ан щулияб щибниги гьеч1о!» - ян ах1улеб буго вас камурай Фазуца.  Гьеб тема

Слайд 32«Г1али»
Дур ц1аралъул ункъо xlapп—
Ункъо унти мац1алда,
Ц1ар ах1улеб мехалда


Рух1 цадахъ босун унеб.
Дур ц1аралъул ункъо xlapп,
Ах1изе дун х1инкъараб,
Данде жаваб щвеч1огун,
Шущан гьороца ине.
Дур ц1аралъул ункъо xlapп,
Къаданиб ч1вараб зани,
Зонода т1ад г1унарал,
Дида ч1орлъун реч1ч1улел.
«Г1али»Дур ц1аралъул ункъо xlapп— Ункъо унти мац1алда,  Ц1ар ах1улеб мехалда  Рух1 цадахъ босун унеб. Дур

Слайд 33 «Васазухъ угьдулел улбузде кагъат»  
Васазул рух1елалъ рух1улел улбул,


Васаз берал къанщун къуларал улбул,
Къойил хабалалъе хьвадулел улбул,
Хобазде къуларал пуланал улбул.
Къисматалъ г1асияб х1укму къот1арал,
Г1умруялъ бут1адулъ къезе гьарурал —
Дунги нужер гьалмагъ гьанжеялдаса.
Дирги вуссарав вас сапаралдаса
Чилайдул михъазудъ щалайги бессун,
Дицаги вукъарав хирияв Г1али,
Къаси къват1ив арав, радал хун щварав.
Дунги маг1илъ рехсе, г1одулеб мехалъ,
Васазул ц1ар абун, ах1долеб мехалъ,
 

«Васазухъ угьдулел улбузде кагъат»   Васазул рух1елалъ рух1улел улбул,

Слайд 35Рагъул ва бах1арчилъиялъул тема
 «Дица рецц гьабулеб улбузе буго»

  Ват1аналъул рагъда

васал камурал
Киналго улбузе ах1е х1урматин-

Рагьул зах1матал соназул ц1орораб кваркьи хъвач1еб цониги лъимер хут1ун батиларо маг1арухъ. Гьеб кваркьи щварай Фазудаги кидаго цереса инч1о х1алакъал, ракъарал, г1елбащадал ясазул ва васазул гьурмал, къварилъиялъ пашманлъаралч1ах1иязул берал.

Гьел лъугьана Фазул асаразул герояллъун, гьезул г1умруялъулги, рокьулги, бах1арчилъиялъулги бицана нилъее гьелъ жиндирго асаразулъ. Бокьарав чиясул къварилъи жиндирго г1адин къабул гьабулей Фазуца хъвана ц1алулев чи г1одулеб х1алалъ, рек1елъе бортун унеб х1исабалда, рагъул темаялда, камиялъул темаялда асарал.

 
 

Рагъул ва бах1арчилъиялъул тема  «Дица рецц гьабулеб улбузе буго»  Ват1аналъул рагъда васал камуралКиналго улбузе ах1е х1урматин-Рагьул зах1матал

Слайд 36«Анц1ила микьабилеб их»
«Даимаб ц1а»
«Дир к1удада»
«Ц1умал муг1руздаса рожуна»
«Баг1арал ч1оролаби»
 «Бергьенлъи кинаб кьералъул бук1унеб?»

«Анц1ила микьабилеб их»«Даимаб ц1а»«Дир к1удада»«Ц1умал муг1руздаса рожуна»«Баг1арал ч1оролаби» «Бергьенлъи кинаб кьералъул бук1унеб?»

Слайд 37Эбел
Фазул поэзиялъулъ к1удияб бак1 ккола эбелалъул образалъ.

Эбелалъе сайгъат гьарурал руго бищунго льик1ал куч1дул
(«Дида бихьула», «Эбел», «Эбелалда гьикъе»).
ЭбелФазул  поэзиялъулъ к1удияб бак1  ккола  эбелалъул  образалъ.  Эбелалъе  сайгъат  гьарурал

Слайд 38Фазул эбелалъул сурат

Фазул эбелалъул сурат

Слайд 39Эбел
Рак1 унтун, к1ал бух1ун ах1улеб буго
Эбел, эбелилан жакъаги

дица.
Дур рахараб нуц1ихъ багъулеб буго
Дир бигьараб г1умру, дир г1одулеб рак1.
Жакъаги нижей мун х1ажат йигей куц,
Х1аладаса араб къечдай лъим г1адин,
Къояца, сардаца сапарги борхун,
Нухда г1унулесе хинлъи г1адинан.
Дур рахараб нуц1а, свараб гьансито,
Свана гьанситоги чирахъги дилъги,
Рак1 унтун, к1ал бух1ун ах1улеб буго
Эбел, эбелилан жакъаги дица.
 
ЭбелРак1 унтун, к1ал бух1ун ах1улеб буго   Эбел, эбелилан жакъаги дица.   Дур рахараб нуц1ихъ

Слайд 41Т1аса лъугьа
Нахъойги сапаралъ яхъунеб мехалъ
Х1инкъун йик1унаан дуда бицине,
Дур кьер

т1ун унаан: «Чан къо базе», - ян
Чара хвараб суал диe кьолаго.
Щай диe бук1араб дуниял тири,
Дунялги рогьелги мунги йик1аго,
Ургъалил къандалъо дур къаданиб лъун,
Къват1исел улкаби къвариг1арал щай.
TIaca лъугъа, эбел, кват1ун кканиги,
Кидаго дур хьолбохъ йик1ине щвеч1о,
Карачалабазде тlaдe бортараб,
Т1огьол г1адаб г1умру бугелъул дирги.



Т1аса лъугьаНахъойги сапаралъ яхъунеб мехалъ Х1инкъун йик1унаан дуда бицине, Дур кьер т1ун унаан: «Чан къо базе», -

Слайд 42Машгьурал г1адамазул х1акъалъулъ

Ф.Г1алиевалъул творчествоялъулъ ц1ик1к1араб бак1 ккола маг1арулазул ц1ар раг1арал

г1адамазул, бах1арзазул, поэтазул, коч1охъабазул,къеркьохъабазул,имамзабазул образаз. Гьелда киданиги к1очонаро Шамил, Ц1. Х1амзат, Мах1муд, Мах1ач г1адал ракьалда кидаго нилъ ч1аго хут1изе ва бечелъизе г1оло г1умру кьун хваразул лебалал ц1арал.
Машгьурал г1адамазул х1акъалъулъФ.Г1алиевалъул творчествоялъулъ ц1ик1к1араб бак1 ккола  маг1арулазул ц1ар раг1арал г1адамазул, бах1арзазул, поэтазул,  коч1охъабазул,къеркьохъабазул,имамзабазул образаз.

Слайд 43«бах1арчилъиялъ цебе ине нух бац1ц1ад гьабула»

«бах1арчилъиялъ цебе ине нух бац1ц1ад гьабула»

Слайд 44«Рогьалилъ гьабула гьаб дуг1а дица»

Х1аписат Х1амзатовалъе сайгъат гьабураб

«Рогьалилъ гьабула гьаб дуг1а дица»Х1аписат Х1амзатовалъе сайгъат гьабураб

Слайд 45Рокьи

Инсанасе хасиятал рек1ел асарал «бух1улеб рек1ел панаяб х1ухьел» загьир

гьабич1ев, рокьи коч1олъ ах1ич1ев шаг1ир ватизе зах1мат буго. Фазул асаразулъги гьеб темаялъ ц1акъго ц1ик1к1араб бак1 ккола. Рокьул х1акъалъулъ хъван буго чанго т1ехь. К1одо гьабун буго бац1адаб, хиянат гьеч1еб чорхол асар, х1асрат.
РокьиИнсанасе хасиятал рек1ел асарал «бух1улеб рек1ел панаяб  х1ухьел»  загьир гьабич1ев, рокьи  коч1олъ  ах1ич1ев

Слайд 46«Ах1уге дун нахъе»
«Рокьи» - ян ц1ар ах1улеб х1айранаб гьаб ахикьан
Х1ет1е ракьалда

хъвач1о, йоржун уней йиго дун.
Гьанже г1адин дидаго дунго релълъун йик1инч1о,
Релъи г1адатаб буго, г1оди роц1араб буго.
«Ах1уге дун нахъе»«Рокьи» - ян ц1ар ах1улеб х1айранаб гьаб ахикьанХ1ет1е ракьалда хъвач1о, йоржун уней йиго дун.Гьанже г1адин

Слайд 47Фазуда г1умрудулъ талих1 батана, гьелъ жиндирго къисмат цолъизабуна лъик1ав маг1арулав, намус

бац1ц1адав гьунар бугев хъвадарухъан Муса Мух1амадовасулгун. Гьес йокьулей лъадуе, гьудулалъе сайгъат гьарурал куч1дузулъ г1емер х1икматал, бергьараб шавкъалъул шиг1раби руго:

Дуе, рек1ел гьудул, рак1ги г1умруги,
Г1умруялъ ах1араб х1асратаб кеч1ги,
Каранда боркьараб рокьиги ццинги,
Гьаб т1олго дуниял дуе гьимулеб.

Фазуда г1умрудулъ талих1 батана, гьелъ жиндирго къисмат цолъизабуна лъик1ав маг1арулав, намус бац1ц1адав гьунар бугев

Слайд 48 Муса Мух1амадов-маг1арулазул машгьурав поэт, хъвадарухъан, драматург

Муса Мух1амадов-маг1арулазул машгьурав поэт, хъвадарухъан, драматург

Слайд 49Фазу ва муса 4 васасул эбел - эмен

Фазу ва муса 4 васасул эбел - эмен

Слайд 50«Г1адамазе пайдаяйлъун йик1ин буго дир талих1!»

«Г1адамазе пайдаяйлъун йик1ин буго дир талих1!»

Слайд 51Таржама гьабе: редактор журнала "Женщина Дагестана"
В 1971 году мне предложили стать

главным редактором журнала "Женщина Дагестана".
"Женский журнал - это не просто веха в моей трудовой биографии, это моя судьба. Трудная, но счастливая судьба."

Таржама гьабе: редактор журнала

Слайд 53Фазу - поэтесса
Намус-ях1, иман-иях1, сабурлъи, г1адатлъи, берцинлъи, лъик1лъи, сахаватлъи, маг1аруллъи, бихьинчилъи

— гьел пикраби гъорлъ рехсараб буго Фазул т1олабго поэзия. Гьел ккола муг1рузул законазул г1аламатал. Гьелде киналго г1адамал ах1иги буго гьелъул мурад.
Фазу - поэтессаНамус-ях1, иман-иях1, сабурлъи, г1адатлъи, берцинлъи, лъик1лъи, сахаватлъи, маг1аруллъи, бихьинчилъи — гьел пикраби гъорлъ рехсараб буго

Слайд 54Фазу - прозаик
Фазуца бихьизабуна поэзия гуреб прозаги хъвазе махщел бук1ин. «Къисмат»,

«Ракьул г1ерекъ гьороца унаро", "Саг1нил квац1и», «Хъах1илаб ц1ад», «Кьолбол мугьру», харбазул т1ехь «К1иго микьир» «Иццал муг1рузда раккула», «Щуб щибаб хариде ккола»,
«Барщараб жагадул ч1еп»,
«Микьабилеб итникъо»(трилогия), «Кьват1ел» маг1арулаз гъираялда ц1алана, гьез бечед гьабуна авар литература.

Чвахун бач1унеб, ц1ализе бокьулеб берцинаб коч1олаб мац1алъ хъварал руго шаг1иралъул прозаялдалъун хъварал асарал.

Фазу - прозаикФазуца бихьизабуна поэзия гуреб прозаги хъвазе махщел бук1ин. «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро

Слайд 57Фазул шапакъатал
Жиндир творческияб х1аракатчилъиялъухъги жамг1иял ишазе г1ологи Фазу Г1алиевалъе щвана г1емерал

шапакъатал. Гьел рехсон бажариларо. Гьезде т1аде жубана цоги ц1ияб шапакъат. Россиялъул президентасул указалдалъун Фазу Г1алиевалъе кьуна "Ват1аналда цебе гьарурал хъулухъазе г1оло" орден. Дагъистаналда Фазу т1оцее мустах1икълъана гьеб орденалъе.
«Рекъел щулалъизабиялъе г1оло» меседил медаль
2 «Х1урматалъул г1аламат» орден
«Халкъазул гьудуллъиялъул» орден
Фазул шапакъаталЖиндир творческияб х1аракатчилъиялъухъги жамг1иял ишазе г1ологи Фазу Г1алиевалъе щвана г1емерал шапакъатал. Гьел рехсон бажариларо. Гьезде т1аде

Слайд 58Путин наградил лидера дагестанских женщин
Президент России Владимир Путин наградил главного

редактора журнала "Женщина Дагестана", председателя Союза женщин Дагестана Фазу Алиеву орденом Святого апостола Андрея Первозванного. В тексте президентского указа говорится, что госпожа Алиева удостоена высшей государственной награды "за выдающийся вклад в развитие отечественной литературы и высокую гражданскую позицию".
Путин наградил лидера дагестанских женщин Президент России Владимир Путин наградил главного редактора журнала

Слайд 75

…Кьурдизе кидаго бокьула дие
Кьаву гъунеб г1адин, ургъел бахъизе…

…Кьурдизе кидаго бокьула диеКьаву гъунеб г1адин, ургъел бахъизе…

Слайд 77Жакъасеб Дагъистаналда г1емер ратиларо Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиеваг1ан нилъер халкъалда

гьоркьор машгьурал г1адамал, хасго руччаби. Цох1о маг1арулги г1урусги гурелги, г1емер бат1и-бат1иял мац1азде руссинарун руго Фазул асарал. Гьелъул т1ахьал рахъана къват1исел пачалихъаздаги.
Жакъасеб Дагъистаналда г1емер ратиларо Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиеваг1ан нилъер халкъалда гьоркьор машгьурал г1адамал, хасго руччаби. Цох1о

Слайд 87 Жиндирго х1акъалъулъ Фазу
Намус бац1ц1адай маг1арулайлъун йик1ине к1ванани, т1ок1аб жо

жиндие х1ажат гьеч1ин абула гьелъ:
«Мег1ерг1анаб къварилъи, ч1имих г1адин къулч1улей
Цо т1инк1араб рохалил ралъад г1езе гьабулей.
Иях1 ц1унизе ккани, ц1адай Хочбарлъун уней».

Жиндирго х1акъалъулъ ФазуНамус бац1ц1адай маг1арулайлъун йик1ине к1ванани, т1ок1аб жо жиндие х1ажат гьеч1ин абула гьелъ: «Мег1ерг1анаб

Слайд 88Фазул х1акъалъулъ пикраби:

Фазу Г1алиевалъул поэзиялъулъ буго гъваридаб философияги гвангъарал образалги. Гьеб

муг1рузул гьури кват1ич1ого бураналде сверизе буго.
Михаил Светлов.
Фазул х1акъалъулъ пикраби:Фазу Г1алиевалъул поэзиялъулъ буго гъваридаб философияги гвангъарал образалги. Гьеб муг1рузул гьури кват1ич1ого бураналде сверизе буго.

Слайд 89Фазул х1акъалъулъ пикраби:
Фазу йиго бергьун к1удияб борхалъи.
Борхалъи -

ч1ужуг1адан х1исабалдаги поэт х1исабалдаги.
Людмила Ципахина
Фазул х1акъалъулъ пикраби:Фазу йиго бергьун к1удияб борхалъи.  Борхалъи - ч1ужуг1адан х1исабалдаги поэт х1исабалдаги. Людмила Ципахина

Слайд 90Фазул х1акъалъулъ пикраби:
Фазул романал ц1алидал дида йихьана унго-унгояй дагъистанияйги, х1атталдаса ун

т1адег1анай ч1ужуг1аданги. Цогиялда гьединал романал хъванги бажарилароан. Гьезулъ образал гурел, ч1агоял г1адамал руго….. гьез ах1ана дун Дагъистаналде.
Грета,Швед мац1алде Ф. Г1алиевалъул романал руссинарурай таржамач1ужу.

Фазул х1акъалъулъ пикраби:Фазул романал ц1алидал дида йихьана унго-унгояй дагъистанияйги, х1атталдаса ун т1адег1анай ч1ужуг1аданги. Цогиялда гьединал романал хъванги

Слайд 91Фазул х1акъалъулъ пикраби:
Фазу Г1алиева йиго Дагъистаналъул поэзиялъул ц1ум. Дида лъала гьей

борхалъуде йоржине йигеблъи.

Николай Тихонов.
Фазул х1акъалъулъ пикраби: Фазу Г1алиева йиго Дагъистаналъул поэзиялъул ц1ум. Дида лъала гьей борхалъуде йоржине йигеблъи.

Слайд 92Гьари
Бух1улеб рек1еда т1ад
Т1урт1удулеб кверги лъун,
Дица гьарулеб буго
Гьаб дунялалъе сахлъи.
Рагъул

кьвагьи т1аг1аги,
Т1олел биял лъуг1аги,
Т1анч1аздаса ракьалда
Ват1алъугеги щивго.
Т1абиг1атгун инсанас
Ах1араб кьал къот1аги,
ГьариБух1улеб рек1еда т1ад Т1урт1удулеб кверги лъун,Дица гьарулеб буго Гьаб дунялалъе сахлъи.Рагъул кьвагьи т1аг1аги,Т1олел биял лъуг1аги,Т1анч1аздаса ракьалдаВат1алъугеги щивго.Т1абиг1атгун

Слайд 93Ургъич1ого лъицаго лъидаго кьабг1угеги.
Бокьулеб лъимадаса эбел ят1алъугеги!
Херлъун, къулун гурони,
Къадар гьезий щогеги.
Гьаб

гьари гьанже дица,
Гьоркьоб къот1и гьеч1ого,
Къойил рик1к1унеб буго
«Амин!» абе ц1алараз.
Ургъич1ого лъицаго лъидаго кьабг1угеги.Бокьулеб лъимадаса эбел ят1алъугеги!Херлъун, къулун гурони,Къадар гьезий щогеги.Гьаб гьари гьанже дица,Гьоркьоб къот1и гьеч1ого, Къойил

Слайд 94Рокъобе Х1алт1и: «Кьолбол мугьру» ц1ализе, анализалде х1адуризе.


Дарс лъуг1ана, киназего баркала,

къо – мех лъик1!
Рокъобе Х1алт1и:  «Кьолбол мугьру» ц1ализе, анализалде х1адуризе. Дарс лъуг1ана, киназего баркала, къо – мех лъик1!

Что такое shareslide.ru?

Это сайт презентаций, где можно хранить и обмениваться своими презентациями, докладами, проектами, шаблонами в формате PowerPoint с другими пользователями. Мы помогаем школьникам, студентам, учителям, преподавателям хранить и обмениваться учебными материалами.


Для правообладателей

Яндекс.Метрика

Обратная связь

Email: Нажмите что бы посмотреть